Гьанжесеб дунялалда инсанасул ихтиярал абураб сонайил доклад- 20I3 къватIибе биччана Халкъаздагьоркьосеб Amnesty International абулеб инсанасул ихтиярал цIунулеб гIуцIиялъ хамиз къоялъ Москваялдаги Лондоналдаги цадахъ. Докладалъ жаниб бачун буго 2012 соналъул январалдаса декабралде щвезегIан гьоркьобмех.
2013 соналъул докладалда цIар лъун буго «Дуниял-соналдаса соналде хIинкъи бугеблъун лъугьунеб бугин тIурун чIаразе ва мигрантазе»-абун.
ГIиллаги гьелъие, доклад гIуцIаразул рагIабазда рекъон, кколеб буго гьел улкабазул тIадтараз тIурун чIаразул ва мигрантазул ихтиярал цIуниялъе кIвар кьолеб гьечIолъи.
Amnesty International абулеб инсанасул ихтиярал цIунулеб гIуцIиялъул докладалда кIвар буссинабулеб буго миллионал гIадамазул ихтиярал цIунулел гьечIолъиялде.
Жидерго хъизамалъе лъикIаб гIумру балагьун ,хадур лъугьиназдаса, конфликтаздаса тIурун цогидал улкабазде ине карал гьезул ихтияразул кIвар гьабулеб гьечIо гьел улкабазул тIадтараз.
Рехсараб докладалда хъвалеб бугохъин гьел улкабазул тIадтаразе гIурхъабазул ургъул цIикIкIун буго халкъалъул ихтияраздасаги.
2012 соналда данде росарал хIужжабазда рекъон дуниялалда руго 214 миллион мигрант ва гьезул гIемерисезул ихтияралги цIунун гьечIо я жидерго улкаялда, я гьел тIурун чIарал улкабазда.
Цо гьединав тIурун чIаравлъун Нидерландазда вукIана Москваялда Болотная майданалда митингалда гIахьаллъарав Россиялдаса Александр Долматов.
Болотная майданалда митингалда гIахьаллъараздасан чанго чи гьабсагIатги Россиялда заманалъе жанир тIамулел бакIазда руго цIехрех лъугIизегIан, Александр Долматов тIурун вукIана Голландиялде.
Амма гьенивги гьев полициялъги ккун тIурун чIарал заманалъе жанир лъолел бакIазда вукIуна.Гьабсоналъул I7 январалда гьев живго жиндицаго чIвала.
Amnesty International абулеб инсанасул ихтиярал цIунулеб гIуцIиялъул Голландиялда бугеб бутIаялъул нухмалъулев Эдуард Назарскияс абухъе, Голландиялде рачIарал мигрантазул аза-азарчи вукIуна сонайил гьеб заманалъе жанир чIолел бакIаздаз.
МоцIалдаса цо лъагIалиде щвезегIан мех бахъула гьез гьениб.Къанун хвезабунин, яги уголовияб тIакъсир гьабунин гуреб гьел улкаялдаса нахъе ритIизе рес батизегIан, гьелги гьезда релъун цоги мигранталги Голландиялде гIемерал рачIун гутIизе къваригIун.
Къоялда жаниб 16 сагIаталъ гьитIиналго камерабазда жанир, къватIир рахъине изнуги кьечIого чIезарун рукIуна гьел. БатIиял ресал рукIаниги Нидерландазда гьел ратизарулел гьечIо заманалъе мигрантал жанир рукIунел бакIазда. Александр Долматов вукIана тIурун чIарал миллионаздасан цояв.
Эдуард Назарский: «Голландиялда бугеб Amnesty International секциялъул гIахьалчагIаз хал кколеб буго цогидал мигрантазда сверунги лъугьунеб бахъунелда ва ахIулел руго гьеб улкаялъул тIадтарал Александр Долматовасе ккараб дарслъун тезе».
Эдуард Назарскиясул рагIабазда рекъон Нидерландазул инсанасул ихтиярал цIунулел идарабаз рахъ кколеб буго Россиялъул инсанасул ихтиярал цIунулезул.Ва кумекалъулаб хIалтIиги халат бахъинабизе буго.
Amnesty International гIуцIиялъул Генералияв секретарь Салил Шеттица абулеб буго:
Салил Шетти: «Конфликтал рукIине кколедухъ лъугIизарунгутIиялъул хIасил кколеб буго дуниялалдаго зулмуялда гъоркь ругезул кIудиб класс лъугьун букIин.
Конфликтаздаса жалго хвасарлъизе бокьаразул ихтиярал цIунун гьечIо. ГIемерал улкабазул тIадтараз хвезарурлел руго инсанасул ихтиярал миграциялда хадуб контроль чIезабиялъул багьанаги батун, гIурхъаби цIунулел руго къануназул пикруги гьабичIого»
Инсанасул ихтиярал цIуни улкабазул жанисел иш бугоянги абун халкъазда гьоркьосел тадбиразеги сангар лъолеб буго. Мисалалъе Сирялда бугеб ахIвал хIалалда сверун конфликт политикиял тадбираздалъун тIубазабизе кIун гьечIо цолъарал миллатазул гIуцIиялъул хIинкъи гьечIолъи цIуниялда тIасан комитеталдаги цин.
Халкъазда гьоркьосеб Amnesty International гIуцIиялъул докладалда кIвар буссинабун буго Шималияб Кавказалъул адвокатазе хIалтIизе гьечIел ресаздеги. Республикаялъул политикиял суалазде гьоркьоре лъугьиналда бащад гьабулеб буго гьезул хIалтIи жидецаго рахъ кколезул хIакъалъулъ информациялда хадур лъугьиндал.
Гьел адвокатазул сияхIалда гьоркьор рехсон руго дагъистаналдасаги адвокатазул цIарал.
Amnesty International гIуцIиялъул Россиялда бугеб бутIаялъул нухмалъулев Сергей Никитиница рикIкIунеб буго Владимир Путин президентлъиялде вачIаралдаса нахъе гьукъанин Россиялда рагIуе эркенлъиги, квалквалал гьаризе байбихьанин инсанасул ихтияразда тIасан идарабазул хIалтIиялъеги.
Сергей Никитин: «Цебеялдаса батIияб рахълъун рикIкIуна нижеца Россиялда Владимир Путин президентлъиялде вачIаралдаса рагIуе эркенлъиги дагьлъиги, эркенго данделъизе рукIарал ресалги дагьлъиги. Къалел руго оппозициялъе нухалги»
Пресс-конференциялда гьединго кIвар буссинабуна Россиялъул пачалихъиял гурел идарабазда тIасан къанун хIалтIизабулаго идарабазул хIалтIуе сангар лъун букIиналдеги.
Амма россиялъул инсанасул ихтиярал цIунулезда ракIалда гьечIо щиб кканиги жалго къватIисел пачалихъазул агентал ругин рикIкIине.
Гьелда бан россиялъул «ЖамгIияб вердикт» абулеб фондалъу нухмалъулей Наталья Таубинаца гьадин абулеб буго.
Наталья Таубина: «Нижер принципиалияб позиция ккола ниж къватIисел хIукуматазул агентал гьечIолъи. Нижеца тIобитIулеб гьечIо къватIисел улкабазул доноразул интересада рекъон хIалтIиги.
Нижер хIалтIиги кинабго буссараб буго Россиялъул гражданазул интересал цIуниялде.Гьеб ниже инжитаблъун кколеб – къватIисел хIукуматазул агенталин -абураб цIарги нижеца киданиги тIаде босизе гьечIо»