Лъица кунеб бугеб мугIалимасул гIарац?

Апрель моцIалдаса байбихьун Дагъистаналъул чанго мухъазда кьун гьечIо мугIалимзабазул моцIрол харжал. Мухъазул гIарац бикьа-къотIулел идарабаз дагIба балеб буго республикаялъул финансазул министерлъиялъ жидехъе гIарац битIун бачIинчIилан. Финансазул министерлъиялъ гIаксалда гIайиб гьезде жидедего бугъулеб буго.
Харжал кватIиялъул гIайиб мухъазул гIарац бикьа-къотIулел идарабазде рехулеб буго республикаялъул финансазул министерлъиялъ. Жидеца киналго мухъазде битIулеб гIарац жиндир заманалда битIун анилан абулеб буго гьеб идараялъул хIалтIухъан МухIамадов Исламица.

Харжал кватIизариялъе гIиллалъун букIине бегьула январалдаса байбихьун киналго мугIалимзабазул моцIрол харжал цIикIкIинаризе хIукму гьабун хадуб, гIарац бикьа-къотIулел идарабаз, тIаде бачIунеб гIарцул хIисаб-суал гьабулаго гьезул хIалтIулъ гъалатIал гIемерлъи.

Жидеца гIарац битIанилан абулеб бугин финансазул министерлъи, бачIинчIилан чIун ругин мухъазул гIарац бикьа-къотIулел идараби, гьанже бичIчIулеб гьечIин Каспий ралъдалъе жанибе ккунищин гIарац тIагIарабали,- ян бицана Эркенлъи радиоялъе тIолалго мугIалимзабазул махщалил цолъиялъул нухмалъулев ГIамиродинов МухIамадица.

Амма гьеб бакIалда финансазул министерлъи битIараб бугилан пикру буго гьесул:

ГIамиродинов МухIамад: «Цо мухъалде битIун, цогидалде битIичIогойиш гIарац букIунеб. МагIарулазул кици буго цIогьорасе цо хIакъ, бетIергьанасе нусго хIакъилан абун. Дида лъаларо гьеб бакIалда лъиде гIайиб гьабулебали, амма республикаялъул анцIго мухъалде битIичIого хутIаразде битIанин гIарацилан абураб жоялдаги божизе кIолеб гьечIо.

Щив гIайибияв щив витIаравали лъазе финансазул министерлъиялъ цIех-рех гьабизеги ккеларишха».

Жидеца битIараб гIарац щай щвечIебали цIех-рех гьабизелъун финансазул министерлъиялъ жидерго хIалтIухъан витIун вугин гьел мухъаздеян бицана ГIамиродинов МухIамадица хадубги. Гьединабго халгьабигун Гъизилюрт мухъалде жидерго хIалтIухъан витIулев вуго ГIамиродинов МухIамадица нухмалъи гьабулеб идараялъги.

Апрель моцIалдаса байбихьун мугIалимзабазул харжал щвечIеб кинабниги 10 мухъ рехсолеб буго ГIамиродинов МухIамадица. Хунзахъ мухъ гьеб сияхIалда гьоркьоб гьечIо.

Амма гьединабго ахIвал-хIал жидер лъобаги бугилан бицана «Эркенлъи» радиоялъе Чункъов МухIамадрасулица. Хунзахъ росдал кIиабилеб мактабалъул нухмалъулев ккола гьев. Харжал кватIизариялъул хIужаби гьезул лъора рукIун руго араб моцIалъул декабаралдаги, гьелги бутIа-бутIаби гьарун гурони кьун гьечIо хадурги.

Мухъалъул гIарац бикьа-къотIулеб идараялъ абулеб буго цIикIкIинабун хадубги харж кьезе гIураб къадаралда гIарац битIун бачIинчIин жидехъе финансазул министерлъиялъилан:

Чункъов МухIамадрасул: «ГIарац битIун бачIун буго мухъалъул казначествоялде, амма гIураб къадаралда бачIинчIин жидехъеян абулеб буго гьез. Дун жакъаги дандчIвана гьелъул нухмалъулевгун, щибниги тIаде хисараб жо гьечIилан вугоан.

Мухъалъул 17 росулъе битIун хутIаразухъе битIичIогойиш, яги гIаксалдайиш цо бичIчIулареб ахIвал-хIал лъугьун буго гьениб».

Январалдаса байбихьун мугIалимзабазул харажал цIикIкIинаризе хIукму гьабун хадуб абулеб букIана гьалдаса хадуб мугIалимасул гьоркьохъеб харж букIине бугин 14 азарго гъурущилан, амма киназего гуро гьеб къадаралда гIарац щун бугеб.

Казбек мухъалъул Дылим росдал школалъул нухмалъулев Дадаев Апандица бицана Эркенлъи радиоялъе гьедигIанасеб къадаралда гIарац щванин цIикIкIараб категория гьединго цIикIкIарасел сагIтал ругел мугIалимзабазе. Амма 14 азаргоцин гуреб 20 азаргоцин дагьаб бугин мугIалимасе моцIалъе щолеб гIарацилан рикIкIунеб буго Апандица:

Дадаев Апанди: «Анлъазаралда анкьнусиялда хадуб гъурущ буго жакъа мугIалимасе. Амма гьеб гIарацги киназего гуро щолеб, сагIтал гIурал гьечIони щоларо гьеб гIарац».

ЭР: МугIалимзабазул аслияб разигьечIолъи сунда тIасанха бугеб, харж дагьаб бугиланиш яги…?

Дадаев Апанди: «МугIалимзабазул гуреб тIолго халкъалъулин гьеб гIузру бугеб. ГIадамасул разигьечIолъи бищунго цIакъ загьир гьабулеб жо ккола гIарац. Жакъа мугIалимасе щолеб анлъазаргоги анкьазаргоги гъурущ цIакъго дагьаб мухьлъун рикIкIуна дица.

ХIукуматалъул тахбакIал хинлъизарулев цо хъулухъчиясе 40 ва 50 азарго гъурущ щолеб мехалъ, рогьаралдаса бакъинегIан лъималазда дарсал ричIчIизарулев лъай кьеялъул хIалтIухъанасул харжги бихьараб къоялда рекъараб букIине ккола».

Амма бищунго кIудияб кIвар моцIалъе щолеб гIарцул гурин бугебилан абуна Апандица хадубги. Жакъа гIемерисел щинал мактабазда дарсал кьолел мугIалимзабазда гъорлъ бищунго цIикIкIун руччаби рукIиналъ рахIат хвезабун бугогьесул.

Жакъа гIун бачIунеб гIелалъул тарбия кьеялда гIумрудул нухде гьел куцаялъул суалалда жаниб бихьиназда бараб жо гIемераб бугин, гьезул малъа-хъвай щвечIел гIолилал ругин жакъа мекъаб нухалдасан унел.