Лондоналда аскарияв чIван вуго

Лондоналда унеб буго арбагI къоялъул къаси гьениб ккараб хIужаялъул цIех-рех. Нигериялдаса КIудияб Британиялде вачIарав ва Цолъараб Къираллъиялъул гражданлъи щварав кIигояс Британиялъул рагъулав хъулухъчи вахIшияб къагIидаялда чIвана.

ХIужа ккараб бакIалда гьел ралагьун чIун рукIана полициялъулал рачIинегIан. Цоясул кодоб нус букIун буго. АскIов вукIарав ва видео хъвай-хъвагIай гьабурав чиясде гьес абуна британиялъулал хIинкъизе кколин.

Доб къоялъ Франциялда вукIарав Британиялъул премьер-министр Дэвид Кэмероница жиндирго сапар гьоркьоса къотIун, гьадинаб калам гьабуна:

Дэвид Кэмерон: «Вулвич абулеб бакIалда сон лъугьа-бахъаралъ нилъер ракI сорóдизабуна. Телевизиониял экраназдаги газетабаздаги нилъеда бихьана гьеб вахIшилъи. Гьаб зулму гьабуразул хиял букIана нилъ рикьизе, цоцаздаса ратIа гьаризе. Амма гIаксалда гьелдалъун нилъ цолъила ва щулалъила».

Гьеб такъсир гьабиялде шаклъи бугев кIигояв полициялъ лъукъизавуна ва азарханаялде швезавуна.