Навальныяс рохьоса цІул бикъун букIанищ?

Киров шагьаралъул Ленинский абулеб диваналъ 29 маялда цIидахъан гIуцIизе буго оппозиционер Алексей Навальныясул ишалда сверухъ гIенеккиял.

Гьесде гIунтIизабулеб гIайиб – 2009 соналда рохьоса цІул бикъи. ГIаммаб къадаралда 10 азарго кубометр.

Доб заманалда Навальный вукIана губернаторасул гIакълучилъун. АрбагI къоялъ нугI хIисабалда диваналда цеве вахъана живго Киров икълималъул губернатор Никита Белых.

Навальныясул гIайиб тIад чIезабуни, гьев 10 соналъ жаниве тIамизе бегьула.