Наваз Шариф хIадурав вуго тIалибазулгун кIалъазе

Пакистаналъул премьер-министрлъун вукIине рес бугев Наваз Шарифица лъазабуна жинца квер бакъи гьабулеб бугин тIалибазулгун ракълилал кIалъа-басаял тIоритIизе гьабураб хIукмуялъе.

Гьеб букIине бугин цIияб хIукуматалъул аслияб приоритет, ян тIаде жубана Наваз Шарифица итни къоялъ Лахор шагьаралда цеве вахъун.

Исана февраль моцIалда «Техрике-ТIалибан» абулеб пакистаниязул багъа-башариялъул вакилзабаз лъазабуна жидер хиял бугин хIукуматгун диалог байбихьизе.

«Пакистаналъул бусурбабазул лига» абулеб Наваз Шарифица нухмалъи гьабулеб партия бергьана исана II маялда тIоритIарал парламентиял рищиязда.