Сириялъулгун Ливаналъул гIорхъода рагъал

Сириялда гьатIан къоялда рагъулаз хIаракат бахъулеб букIана Эль-Къусайр шагьаралъе чанго рахъалдасан гьужум гьабизе. Гьеб буго рагъулаб оппозициялъул кверщаликь. Ливаналъулгун гIорхъода аскIор рагъал халат рахъунел руго чанго анкьалъ. Гьеб заманалда жаниб Эль-Къусайралда чIван вуго президент Башар Асадил режималъе дандечIей гьабулеб бугеб оппозициялъул 16 чи. Гьедин лъазабулеб буго оппозициялъ. Гьез гьединго лъазабулеб буго Асадил рахъалъ рагъулел ругин Ливаналда чIей бугеб шигIитазул «Гьезболлагь» къукъаялдаса чагIийин. Гьебго заманалда оппозициялъе Ливаналдаса нус-нус суннитаз кумек гьабулеб бугинги руго лъазабиял.
Дагьаб цебегIан Асадица лъазабун букIана жив хъулухъалдаса нахъе инеги гьечIин, «террористазде данде къеркьейги» халат бахъинабизе бугин ва Сириялъул букIинисебги бихьизабизе бугин тIасияб соналда улкаялда тIоритIизе ругел президентасул рищиязин.