Украиналда рукIине ругел президентасул рищиязда рекъонхIалтIиялъул декларациялда гъоркь гъулбасал лъун руго «Батькивщина», «УДАР» ва «Свобода» абулел оппозициониял фракциязул лидераз. Документ къабул гьабун букIана шамат къоялда Киевалъул Софиял майданалда 14 марталда байбихьараб «ТIаде бахъа, Украина!» абулеб акциялъул гIурхъабалъ тIобитIараб оппозициялъул митингалда.
Оппозициялъул тIалабазда гьоркьоб буго президент Виктор Януковичас хъулухъ тейги, заман щвезегIанго президентасул рищиял тIоритIиги, экс-премьер Юлия Тимошенко туснахъалъуса эркен гьайиги.
БатIи-батIиял баяназда рекъон, акциялъул гIахьалчагIазул къадар бахунеб буго анлъазаргоялдаса 20 азарго чиясде.