Aхирисеб лъабго къоялда жаниб ГIиракъалда чIван вуго 130 чи

ГIиракъалда шамат къоялда рукIарал кьвагьиязул хIасилалда хун вуго микьго чи. Гьедин лъазабулеб буго улкаялъул нухмалъиялъги медиказги. Багъдадалда тIадекIанцIи гьабун буго полициялъул терроризмгун къеркьолеб бутIаялъул хIалтIухъанасул рукъалде. ЧIван вуго гьев полициявги гьесул хъизамалъул жеги лъабго чиги. Гьел чагIи кквезе хIаракат бахъулев цоги полициявги чIван вуго гьеб рукъалда аскIов.
Басра шагьаралда чIван вуго суннитазул динияв хIаракатчи Ассад Нассир. Мосулалда нухлул рагIалда букIараб мина кьвагьидал хун вуго кIиго аскарияв, жеги кIигояв лъукъунги вуго.
Ахираб заманаялда улкаялда дандечIей цIикIкIун буго сунниталгун шигIитазда гьоркьоб. Гьеб дандечIеялъул хIасилалда ахирисеб лъабго къоялда жаниб ГIиракъалда чIван вуго 130 чи.