Америкалдаса сержант гIумруялъго жанив тIамизе вуго

Америкалдаса сержант Джон Расселлие гIумруялъго жанив тIамизе хIукму къотIун буго ГIиракъалда жиндаго цадахъ армиялда хъулухъ гьабулев вукIараб щуго чи чIваялъухъ. Гьев мукIурлъун вуго 2009 соналда Багъдадалда гъоркьехун бугеб клиникаялда кIиго рагъулав тохтур ва лъабго солдат чIваялъе. Гьелъ рес кьун буго гьесие чIвазе хIукму къотIиялдаса ворчIизе.