Пакистаналда мажгитазда жаниб кьвагьи

Пакистаналда Хайбер-Пахтунхва абулеб провинциялда кIиго мажгиталъуб гьарурал кьвагьиязул хIасилалда хун вуго 10 чи, лъукъун вуго 30яв. Полициялъул баяназда рекъон, кьвагьиял гьарун руго Баз-Даррах абулеб росулъ рузман как балеб заманаялда. Мажгитазул цоялъул тIох бортун буго ва къватIире рорчIизе гIадамазе нухги къан. Гьел къвагьиязул жавабчилъи жеги лъицаго тIаде босун гьечIо. Нухмалъиялъул щаклъи буго тIалибазда