Афгъанистаналъул тахшагьар Кабулалда хваразул къадар 15 чиясде бахун буго. Хун вуго Америкаялъул анлъго аскариявги, афгъаназул ичIго гражданияв махщелчиги, гьездаго гьоркьоб кIиго лъимерги. Лъукъун вуго 40 чи. КIудияб жагъаллъи ккун буго 10 рукъалъе. Живго чIвалев жаниб букIараб автомашина речIчIизабун буго рагъулазул автоколоннаялда.
Гьеб кьвагьиялъул жавабчилъи тIаде босун буго «Хезб-е Ислами» абулеб къукъаялъ. Гьелъул лидер Гульбеддин Хекматияр 2003 соналда Америкалъ лъазавун вукIана террористлъун. Мулла ГIубарида ва Осама бин-Ладенида цадахъ «чIегIераб сияхIалде» восун вукIана гьев Цолъарал Миллатазул ГIуцIиялъ.