«Комсомольская правда» газетаялъ иргадулаб макъалда къватIибе биччан буго Россиялъул жанисел регионазда ругел Кавказ миллатазул гIадамазул хIакъалъулъ.
Гьаб нухалъ бицен унеб буго Сургуталда лъугьа-бахъаралъул.
ГIисал диналъул аслияб байрам ай Пасха тIобитIулеб мехалда ОМОНалъул хъулухъчагIаз кавказиял рекIарал автомашинабазул кIиго колонна чIезабуна. Гьеб хIужа хIисабалдеги босун цо-цо экспертаз абулеб буго кавказалъул бусурбабазе бокьун бугин Сибиралда халифат тIад чIезабизе.
«Сургуталда букIараб хIужаялъ бихьизабулеб буго гьенир радикалияб Исламалъул рахъ ккурал гIемерал рахчIун чIун ругеблъи». Гьадинаб цIаралда гъоркь къватIибе биччараб макъалаялъул автораз цо-цо экспертазул пикруялда мугъ чIвайги гьабун, абулеб буго радикалиял бусурбабаз гIамал гьабулеб бугин Сибиралда халифат гIуцIизе.
5 маялда Сургуталъул полициялъ чIезабуна гIаммаб къадаралда 90 автомобиль ва ккуна гIага-шагарго 160 чи. Гьел киналго полициялъул минаялде щвезарун рукIана. Полициялъул баяналда рекъон автомобилалда жаниб травматикияб ярагъ батун буго.
Гьелдалъун абизе бегьулин кIудияб кьал цебеккунго нахъ чIван буго ян лъазабуна гIадлу-низам цIунулез. Амма добго къоялъ киналго ккурал эркенлъуде риччан рукIана.
Гьедин бугониги социалиял сайтазда кIудияб ахIи-хIур багъаризабуна блоггераз. Цоял полициялъул баяналда божула, цогидаз абулеб буго гьеб букIанин ракълилаб авторалли, лъабабилез ракIалде швезабулеб буго дагьалъ цебе Сагра абулеб росулъ букIараб хIужа.
Дораги автомобилазда рекIун, кавказиял рекIкIерун рукIанин «разборка» абулеб ишалде.
Полициялъ дол ккурал ва хадур эркенлъуде риччарал кавказиязде цониги гIайиб гIунтIизабун гьечIониги, «Комсомольская правда» газетаялъ Сургуталда ккаралъул мухIканаб цIех-рех гьабун, абулеб буго гъозул хиял букIанин миллатчилъиялъул питна багъаризабизе.
Гьеб гуребги, ракI чIун лъазабулеб буго рехсараб газетаялъ, бакIалъулал вагьабияз хIадурлъи гьабулеб бугин Тюменалъул халифат гIуцIизе гьенир ругел бечедал нартил магIданазда жиндир контроль тIад чIезаби мурадалда.
Гьеб гIайиб нахъ чIвалеб буго жалго кавказияз, доб авторалли букIанин абулаго.
Журналистаз бакIалъулал гIадамазда гьикъа-бакъи гьабун, гьадинал пикраби рачунел руго: «ЧIалгIана! Шибаб ишалда хадур дагъистаниял руго. Гьез гьенир ханлъи гьабулеб буго. Ахикьги, маршруткабаздаги гIурус гуреб мацI рагIула».
Гьединал макъалаби цIалулел кавказиял жиндир иргаялда абулеб буго хасго гьадинал пикрабаз миллияб питна багъаризабулеб бугин. Масала Тюмень икълималда бугеб Муравленко шагьаралда гIумру гьабулев чачанав Абзотов Ибрагьимица:
Абзотов Ибрагьим: «Муравленкоялда гIемерал нилъерал руго. У абизе бегьула, шагьар нижер кодоб бугин. Нижеца лъиениги зулму гьабулеб гьечIо. Нижги ккола гIурусал гIадал россиялъулал.
Амма квершеллъиялъ нижер ихтиярал хвезарулел руго. Щиб кканиги – гIайиб хъващтIан нижеде гIунтIизабулеб буго. Провокацияби гьарулел руго.
ГьечIо гьениб вагьабизм. Пачалихъияб хIалтIи чачаназе ва дагъистаниязе щоларо. Рокьукълъи бихьулеб буго киса-кибго. Гъозие бокьун гьечIо нижгун цадахъ хIалтIизе. Амма мадугьалзабазулгун бигьаго буго гIумру гьабизе.
ГIадатиял гIадамазул рахъалъан миллияб рокьукълъи бихьуларо тIадегIанаб даражаялда ругел пачалихъиял хъулухъчагIазул бербалагьиялъул гIаксалда. Гьале гьадинал руго гьел. Гьез киназего гIумру хвезабулеб буго, гьел квершел кодосел».
Берцинго балагьани якъинго бихьулеб бугин кавказиял Москваялде, Петербургалде ва нартилгун газил регионазде гIемераб къадаралда гочунел ругеблъи.
Сибирь кканин вагьабияз чIей гьабулеб базалъун, ян абулеб хIасил гьабулеб буго «Комсомольская правда» газетаялъул авторас ва аслияб далил хIисабалда рехсолеб буго Тюменалъул мажгитабахъ цо-цо имамзабаз гьабулеб вагIза.
Гьелъул магIна гьадинаб бугин: «Ханты-Манси, Ямал-Ненец, Коми Республика ва Тюменалъул цо бутIа ккола Тюмения абулеб букIинесеб исламияб пачалихъалъе щулияб аслу. Ахир-къад гьеб пачалихъ дунялалъул киналго улкабаз къабул гьабила».
Гьадинал рагIаби рехсон руго «Комсомольская правда» абулеб газетаялда бахъараб макъалоялда.