Россиялъул президентасул кумекчи ва лъай кьеялъул министрлъун вукIарав Андрей Фурсенко тун вуго «Сколково» фондалъе президентасул администрациялъул рахъалдасан кураторлъун.
Гьеб баяналда тIасан «Интерфаксалъе» комментарий кьезе инкар гьабун буго президентасул пресс-секретарь Дмитрий Песковас. Комментариял кьолел гьечIо живго Фурсенкоцаги. Журналистазе гьеб баян уяблъун гьабуна рехсараб фондалъул президент Виктор Вексельбергица.
Гьес гьединго абуна «Сколково» фондалъ оппозициялъе гIарац кьолеб букIинчIин.
Дагьаб цебе ЦIех-рехалъул комитеталъ такъсир гьабиялъул иш рагьун букIана «Сколковоялъул» вице-президент Алексей Бельтюковасда тIад Думаялъул депутат Илья Пономаревасе къануналде данде кколареб куцалда 750 азарго доллар кьеялда бан.