ТIугьдулги экстремизмги

Валеев Ринат

«Макка» ян абураб Петербургалъул бусурбабазул жамгIияталъул бетIер Ринат Валеевас Интернеталда загьирабуна Муфтиязде гьабураб жиндириго хитIаб. Гьес абулеб буго ЦIар Лъаларев Солдатасул хобалда тIад тIугьдул лъей Ислам диналде данде кколареб гIадат бугин ва киналго муфтиязде ахIи бана гьелдаса инкар гьабиялде.
«Макка» ян абулеб бусурбабазул жамгIият ккола Россиялъул Муфтиязул Шураялъул бутIалъун. Гьелъул бетIер Ринат Валеевасул пикруялда ЦIар лъаларев Солдатасул хобалда тIад тIугьдул лъей ва дугIа цIали гьеб ширк бугин

Гьелдаса нахъе кIудияб ахIи-хIур багъарун букIана интернеталдаги, жамагIаталдаги.

Итни къоялъ Ислам-дин лъазабулев гIалимчи Роман Силантьевас гIадлу-низам цIунулел хъулухъагIазде вуссун ахIи бана Ринат Валеевасул хIаракатчилъи гIадахъ босе ян абун.

Силантьевасул хIисабалда Ринат Валеевас экстремизмалъул идеяби тIиритIизарулел руго.

Нижер радиоялъе баян гьабулаго живго Ринат Валеевас гьадин мухIкан гьабуна гьеб жиндирго пикру:

Ринат Валеев: «Дир электронияб почалде кагъат битIун буго, батизе бегьула довго Силантьевасухъа кагъат гьеб бугин. Къокъ гьабун абуни гьелъул магIна гьадинаб буго: щайила дуца гIурусазул шагьар Петербургалда гIумру гьабулеб бугебин, хIижра гьабун нужерго шаригIат бугеб ГIараб улкабазде аян.

Кагъат битIарас хъубал рагIаби рицула МухIамад-аварагасулги шаригIаталъулги хIакъалъулъ. ХIисаб гьабеха нужеца, жинцаго диназда гьоркьоб питна гьабулев гьеб авторас диде гIунтIизабулеб буго экстремизмалъул гIайиб. ГIажаибаб ищ гьечIищха?

Дие бокьун гьечIо ветераназул ракI хвезабизе. Дир эменги вукIана рагъул ветеран».

Щибха ккараб гIиллалъун дуца бараб ахIиялъе, ян абураб нижер суалалъе гьадинаб жаваб кьуна Ринат Валеевас:

Ринат Валеев: «Дица дирго гьадинаб пикру гьабун буго Ислам-диналъул къануналги, гIадаталги кьучIоеги росун. Ва гьелъие гIиллалъунги ккун буго дида бихьараб. Дида рихьана дора квералги рорхьун дугIа цIалулел имамзаби.

Ва дида ккола гьеб бугин ганчIазе какал рай, ай Ислам диналъ гьукъулеб иш».

Ринат Валеевас абулеб буго ганчIазе какал рай гуребги, Георгиясул чалу ккаранда байги жинца къабул гьабулеб гьечIин. Гьединаб иш ГIисал диналдеги данде кколарин, дурус гьабуна гьес:

Ринат Валеев: «Георгиясул чалуялъулийн абуни, ГIисал диналде кинабгIаги хурхьен гьечIо гьелъул. Гьебни щиб - гьединал георгиясул хъанчазе мустахIиклъун рукIана нацистазе хъулухъ гьабулел рукIарал ва жидерго ватIаналъе хияналъи гьабурал генерал Власовасул солдаталги.

Дир хIисабалда ватIаналъе гIоло гIумру бичаразе дугIа цIаланани жеги лъикI букIинаанин. ЧIаго хутIаразе гIарцул кумек гьабизе ккола, квен-тIехь, ретIел кьезе ккола».

Ринат Валеевасул пикру Интернеталда какулеб буго цо-цо бусурбабазги. Гьелда бан гьес гьадин абулеб буго:

Ринат Валеев: «Исламияб уммат унтарабги бикьарабги бугин, хьвагІóлеб ахIвал-хIалалдаги бугин абила дица рекIелъ кIудияб гIагалигун. Гьалеха дир макъало багьанадоеги босун, гьелда экстремистикиябилан абулеб буго.

Лъаларо, сундул экстремизм гьезие батарабали? Гьеб буго дир напсияб пикру. ГIаксалда, дица ахIи балеб буго батIияб диналъул мадугьалзабазул хIурмат гьабиялде. Гьединаб ахIи жибго Ислам-диналъги гьабулеб буго бусурбабазде».