Афгъанистаналда чIван вуго гуржиязул лъабго солдат

Итни къоялда гьебго Гильмент провинциялда яргъидгIуцIараз тIадекIанцIи гьабидал чIван вукIана гуржиязул лъабго солдат.
Гуржиязул улка цIуниялъул министр Ираклий Аласаниял баяназда рекъон, тIадекIанцIи гьабурал киналго чIван руго.
2009 соналдаса нахъе Афгъанистаналда НАТОялъул операциязда гIахьаллъулел гуржиязул чIван вуго 22 чи.