Афгъанистаналъул хун вуго 10 ва лъукъун вуго 12 гIадатияв чи

Афгъанистаналъул Кандагар провинциялда нухлул рагIалда букIараб мина кьвагьидал хун вуго 10 ва лъукъун вуго 12 гIадатияв чи. БакIалъул нухмалъиялъ гьелъул гIайиб гьабулеб буго тIалибазда. Гьединго абулеб буго чанго къо цере гьединго минаялда кьвагьарав кIиго чиясул зигаралъе унел гIадамал рукIанин гьелин. Гьезда гьоркьор рукIун руго руччабиги лъималги.