Гуржиялъул президент Михаил Саакашвилица иргадулаб нухалъ лъазабуна улкаялъул цебесеб хIукуматалъул кинаб гIаги хурхен гьечIин чачан миллаталъул яргъид гIуцIараб къукъаялъ гьениб рагъулаб яравуллъи гьабун букIиналде.
Исана 26 апрелалда гуржиязул гьанжесев премьер-министр Бидзина Иванишвилица Рустави-2 абулеб телекампаниялъе интервью кьолаго хасго гьадинаб гIайиб гIунтIизабуна президентасде.
2012 соналъул 29 августалда Гуржистаналъул Жанисел ишазул Министерлъиялъ лъазабуна Кахетия икълималда бугеб Лопота абулеб кIкIалахъ яргъид гIуцIараб къукъа тIатинабун бугин. Гьенибе бачIараб гьеб къукъаялъул гIахьалчагIилъун рукIун руго Магърибалъул Европаялъул улкабазда тIурун чIаразул статус щварал чачанал.
30 августалда гьабураб хасаб операциялъул хIасилалда тархъанлъун ругин ракълилал гIадамал ва чIван вугин лъабго хасав хъулухъчи. Гьединго чIван вугин къануналде данде кколарел яргъид гIуцIарал къукъабазда хурхен букIиналда шаклъи бугев 11 чи.
Дагьалъ цебе Эркенлъи радиоялъе хасго гьадинаб баян гьабуна Кавказалъул стратегикиял цIех-рехал гьарулеб Централъул директор Мамука Арешидзеца.
2000-абилел соназул байбихьуда рагъ унеб мехалда лъукъарав ва чачанав Чатаев АхIмадица абулеб буго гьеб букIанин Гуржистаналъул цебесеб хIукуматалъ ургъунго гьабураб ишилан, ва гьелъул мурадлъун букIун буго рехсараб яргъид гIуцIараб къукъа Шималияб Кавказалде битIи ва Россиялде данде багъизаби.
Хадуб буюри кьун букIанин ярагъ гIодобе лъей аммаила рагъухъаби мутIигIлъичIо. Гьеб мехалъ гьезда ва гуржиязул хасал хъулухъчагIазда гьоркьоб кьвагIа-гIанхъи бахъанин.
Гьелъул хIасилалда анкьго чачанавги, гуржиязул кIиго хасав хъулухъчиги, цо рагъулав тохтурги чIванин.
Жидерго цIех-рех гьабулеб буго журналистазги. Мисалалъе Панкисси кIкIалахъ гIумру гьабулей журналист Тумиша Хангошвилица.
МухIканаб хIасил гьабизе жеги цудунго бугониги, гьелъ гьадинаб цебеккунисеб хIасил гьабулеб буго Эркенлъи радиоялъе.
Тумиша Хангошвили: «БитIараб бицани – кIиябго рахъалда буго гIайиб. Цебесебги гьанжесебги хIукуматалда буго гIайиб. Гьанжесеб хIукуматалъни гIаммал гьабулеб буго доб балагьалдаса жиндиего пайда босизе.
Гьединлъидал кистинал-чачанал сихI къотIун чIолел руго гуржиязул президентасе зарал гьабунгутIи ва дунялалда цеве гьев ритIухъ гьави мурадалда. Лъаларо, щиб ккелебали».
Лъица гьал яргъид гIуцIарал чIваралали абураб суалалъе жаваб батизелъун къваригIун буго хасаб цIех-рех. Ай эксгумация. Аммаила, абулеб буго Тумиша Хангошвилица чачанал гьелда разиял гьечIин щай, шай гурелъул гьединаб иш чачаназул гIадатазде ва суннаталде данде кколарелъул.
ЧIварав лъабгоясул улбулийн абуни гьелда разилъанин. ГьезтIалаб гьабулеб буго лъидаго бачIеб экспертиза гьаби ва ралагьун чIун ругин гьелъул хIасил баккизегIан.