Буйнакскалда жал щалали лъаларел машинаялде кьвагьдеялъул хΙассилалда хун вуго полициялъулав ва гьевгун цадахъ машинаялда жанив вукΙарав гражданияв чи. Гьелъул хΙакъалъулъ лъазабулеб буго Республикаялъул жанисел ишазул министерлъиялъул пресс-хъулухъалъ. Инцидент ккун буго шамат къоялъ маркΙачΙуда шагьаралъул централияб базаралда аскΙоб.