Шамат къоялда тΙоритΙарал кинабго халкъ гΙахьаллъарал рищиязул хΙассилал гьарулел руго Пакистаналда.
Премьер-министрлъун вукΙарав ва Пакистаналъул бусурбабазул лига абураб партиялъул лидер Наваз Шарифица гара-чΙвари гьабуна жиндирго партнеразулгун ва гьоркьор лъуна цΙияб хΙукумат гΙуцΙиялда хурхарал суалал.
Цо партиялъулаб хΙукумат гΙуцΙизе рес кьолеб парламенталда бакΙазул аслияб бутΙа щолеб буго цереккунисел хΙасилаз бихьизабухъе Шарифил рахъ ккуразе. КΙиабилеб бакΙалда вуго пакистаналъул крекеталъул тΙаса рищаразул командаялъул капитан Имран Хан ва «РитΙухълъиялъул багъа-башари» абураб партиялдаса гьесул рахъ кколел.
Гьанже нухмалъиялда бугеб Пакистаналъул халкъияб партия гΙуралъ нахъ хутΙана.
Гьаркьал кьей, пакистаналъул нухмалъиялъул къиматалда, ун буго икъбалгун, гьенир гьарурал зулмуялъул актазде балагьичΙого. Кьвагьиязул ва тΙадекΙанцΙиязул къурбаналлъун шамат къоялда лъугьана бищун дагь босун 24 чи.
Пачалихъалъул рищиязул комиссиялъул вакиласул рагΙабазда гьаркьал кьезе рачΙун рукΙана рищарухъабазул 60-гΙанаб процент.