Владислав Сурков хъулухъалдаса нахъе лъугьана

Жиндиего бокьун вице-премьерасул хъулухъалдаса нахъе лъугьун вуго Владислав Сурков. Гьелда хурхараб буюриялда гъоркь гъулбас лъун буго арбагΙ къоялда президент Владимир Путиница.

Президентасул пресс-секретарь Дмитрий Песковас лъазабухъе, «Путиница гьеб документ гъулбаси хурхараб буго президентасул маялъул буюриял тΙуразариялъул тΙоцересел масъалабазул ва рищиязда цере кьурал рагΙабазул тематикабазда» (цитатаялъул ахир).

Сурков нахъе ин кинниги хурхараб гьечΙин «Сколковоялда» хурхун ЦΙех-рехалъул комитеталъул официалияв вакиль Владимир Маркинилгун букΙараб полемикаялдайин, жубана Песковас.

Владислав Сурков вице-премьерлъун вахъун вукΙана 2011 соналъул декабралда.