Афгъанистаналъулгун Пакистаналъул гΙорхъода кьвагьдей

Жинда сверун дагΙба унеб гΙорхъоялъул бутΙаялда цΙидаса цоцаде кьвагьдун руго Афгъанистаналъулги Пакистаналъулги рагъулал. Афгъанистаналъул нухмалъиялъул лъазабиялда рекъон, гьеб хΙужжа ккун буго Нангархар провинциялъул Гошта абураб мухъалда.

Цебесеб анкьалда гьединабго лъугьа-бахъиналъул хΙассилалда хун вуго афгъанистаналъул полициялъулав. Доб мехалда афгъанистаналъул хΙинкъигьечΙолъиялъул къуватаз нахъе бахъун букΙана «Дюранил мухъ» абулеб гΙорхъодул бакΙалда пакистаналъул рахъалъ лъун букΙараб пост. 19-леб гΙасруялъул ахиралда чΙезабураб «Дюранил мухъ» Афгъанистаналъ рикΙкΙунеб гьечΙо.