Израилалъ кьаби щвезабун буго Сириялъул гумузда

Израилалъ уяблъун гьабуна шамат къоялъ Сириялъул гумузда кьаби щвезабиялъул баян. Гьез абухъе, гумузда тIад рукIун руго Ливаналъул жанубияб рахъалда ругел «Гьезболлагьалъул» къукъабазе ракетаби. Гьедин абун буго «Ройтер» агентлъиялъе жиндир цIар рехсечIев израилалъул вакилас.
Гьеб баяналда сверун Израилалъул официялияб комментарий жеги гьечIо.
Президент Башар Асадил режимгун къеркьолел ругел Сириялъул яргъидгIуцIарал къукъабазул командирасги абун буго «Гьезболлагьалъе» ракетаби росун унел рукIарал Сириялъул гумузда Израилалъ кьаби щвезабунин.
Израилалъ гIемер абун букIана Асадил режималъул рахъ кколеб «Гьезболлагьалъе» кинаб букIаниги ярагъ Дамаскалъ кьезе жидеца тезе гьечIин.