Апгъанистаналъулгун Пакистаналъул гIурхъида кьал

Апгъанистаналъулгун Пакистаналъул гIурхъида бугеб пакистаниязул балагьутIа-бакIалда аскIоб бахъараб кьвагьа-гIанхъиялъул хIасилалда Апгъанистаналъул цо аскарияв чIван вуго.

Киябго рахъалъ цоцаде гIайиб гIунтIизабулеб буго.

Нангархар абулеб вилаяталъул вакилас нижер радиоялъе лъазабуна Апгъанистаналъул аскарияз гьеб балагьутIа-бакI биххизабунин.

Кабулалъ цо гуреб нухалъ Исламабадалде ахIи балеб букIана гьеб дагIбадул бакIалда бараб балагьутIа-бакIалъул демонтаж гьабеян абун.

«Дюраналъул мухъилан» абулеб кIиго бащадгун километралъул халалъи бугеб гьеб зона тIад чIезабун букIана XIX гIасруялда.

Апгъанистаналъул хIукуматалъ гьеб мухъ гIурхъилъун къабул гьабулеб гьечIо.