МагIна гьечIолъиялъул рахъалъ гIурхъиги гьечIеб, моралияб рахъалъ кигIан дагьабниги низамги гьечIеб ишлъун бихьизабулеб буго Россиялда пачалихъиялги коммерциялъулги гурел идарабазда хадурчIей.
«ЦIияб газетаялда» хъвалеб буго, жидерго уставалги яхIалдаги рекъон гьабулеб хIалтIухъ чIун бугин гьел идарабазда хадуб пачалихъ абун.
Пачалихъиял гурел идарабазда сверухъ ахIвал хIал абсурдалде некIого буго сверун. Амма гьаб анкьалда цIакъго хIалуцана гьеб.
«Голос» абулеб коммерциялъулгуреб идраялъ жибго гIуцIаралдаса 13 сон тIубай диваналда гьабун буго. Жибго «Голосалде» ва гьелъул нухмалъулей Лилия Шибановалде данде байбихьун буго кIиго административияб иш.
КъватIисел улкабазул агент бугин жибго рикIкIине «Голосалъ» инкар гьабидал идараялда лъун буго 300- азарго гъурущ гIакIа. Гьелъул нухмалъулей Лилия Шибановалда 100- азарго гъурущ гIакIа.
«Голос» идараялъул адвокат Рамиль Ахметгалиевас информациялъул алатазе лъазабухъе идараялъ гIарзал кьезе руго диваназде.
Рамиль Ахметгалиев: «Гьелдаса хадубги кинал рукIаниги хиса-басиял ккечIони Конституциялъул диваналде гIарза кьела. Уголовияб иш байбихьиялде бачине бокьун букIинчIо, амма агентазул сияхIалде «Голос» киданиги лъугьине гьечIо»
Гьал ахирал къоязда жаниб прокурораз лъазабун буго къватIисел улкабазул агентал ругин мукIурлъеян цоги чанго идараялдаги.
Хал-шал гьабиялгун рачIун рукIун руго «Индем» абулеб фондалдеги, тIаде балагьун гIицIго гIельмиябгун-жамгIиябин кколеб идара «Левада» централдегицин.
КъватIсел пачалихъазул агентлъун кколин мукIурлъеян абураб кагъат кьун буго «Агора» абулеб инсанасул ихтиярал цIунулеб идараялъухъеги. Гьелъул хIалтIуда гьоркьобги политикияб кьер букIиналда бан.
Политикияб хIалтIилъун рикIкIун буго «Агора» идараялъул юристаз дандечIеялъул акциязда 20II соналда гьабураб хIалтIи.
4 тIамач цIураб прокуратураялдаса кьураб кагъат тIибитIизабун буго инсанасул ихтиярал цIуниялда тIасан «Мемориал» централъ. Гьелда цо моцI кьолеб буго «Мемориал» централъе коммерциял гурел идарабазул хIакъалъулъ Федералияб къанун хвезабиялда барал хIужаби тIагIинаризе.
Александр Черкасов: «Прокуратураялъ дихъе кьун буго чанго тIамчида хъвараб кагъат. гьелда рекъон инсанасул ихтиярал цIуниялда тIасан «Мемориал» центр мукIурлъизе ккола жибго къватIисел улкабазул агент букIиналъе.
Щай гурелъул гьелъие къватIисел улкабаздасан хIалтIи тIобитIизе гIарац биччалеб букIун ва прокуратураялъ рикIкIунеб бугохъин, политикаялде гьоркьореги лъугьунел рукIун.
Гьанже ниж «Агора» идарагунги, цогидал гьединалго идарабигунги, цо кьерда руго, пачалихъиял гурел идарабазул хIакъалъулъ къанун тIубазабулареллъун рикIкIарал.
Цин лъикI цIалила нижеца гьеб кагъаталда хъвараб. «Агора» идараялъухъе бачIараб кагътида хъван бугеб цIалана нижеца. Гьелъул щибаб мухъ цIалулаго релъи речIула.
Щиб нижеца гьабизе бугеб. КъватIисел улкабазул агентал рукIиналъе ниж киданиги мукIурлъизе гьечIо. Гьаб документалда хъваралда тIасанги диваналде гIарз кьезе буго.
Гьаб документ нижеца сайталда лъела.Гьалдаги батила цо щиб букIаниги тIагIамаб жо, политикияб хIалтIилъун щиб гьез рикIкIараб.
Инсанасул ихтиярал цIунулел идарабазда сверухъ бугеб ахIвал хIалалда бан халкъалъул пикраби гьадинал руго.
Борис: «ТIадтараз гьабзаманалда жидедего дандечIараллъун рикIкIараз гьеб тезе бегьула- халкъалъ Россиялъул рахъалъ бараб орденлъун. ГIадада гурелъул ракIбацIадал рищиял тIоритIеян абулел такъсирчагIилъун рикIкIунел тIадтараз.