МахIачхъалаялда «май» теракталде сверана

ТIоцебесеб маялда МахIачхъалаялда ккараб теракталъул хIасилалда хвана кIиго лъимер. Жеги кIиго чи азарханаялдеги хъамуна.
Гьел ккола 1973 соналда гьавурав Арсен Шараповги 1966 соналда гьавурав ГIашурбегов Велижанги. Гьезул квералги бохдулги лъукъун руго. Гьенир гIагарлъухъ рукIарал чагIаз Эркенлъи Радиоялъе бицухъе, балагьун бажарулеб хIал букIун гьечIо лъималазул къаркъалабазул.

Кьвагьулеб алат тротилалъул кIиго килограммалда бащадаб букIанин чIезабулеб буго цIех-рехчагIаз. Гьебги маххул рогIороялда жаниб лъун букIараб къагIида.
Цереккунисел баяназда рекъон, кьвагьулеб алат лъун букIун буго шагьранухлул рагIалда.

Гьеб бакI буго Ирчи Хъазахъилги Ярагъиясулги къватIазда гьоркьосеб бакIалда. Аслияб куцалда базарчагIиги гIадатиял гIадамалги гурони, кIуди-кIудиял хъулухъазда ругел гIадамал хьвадулеб нух гуро гьеб.

Бизнесменал инеги рес буго гьенисан. КIиябго рахъалъ эхерехун гIезегIан тукаби руго гьенир.

Жеги мухIканго лъалеб гьечIо кин щиб ккарабали, амма гьенир аскIоса гIебеде даран гьабулел чагIаз Эркенлъи Радиоялъе бицана нухда-къватIиб лъураб жо бихьун, жанире раккулаго кьвагьун бачIун батилин гьеб алат.

Теракт ккун чанго сагIаталдасан бачIана хабар азарханаялде хъамуразул цоявги хун вугилан. Амма гьеб журналистаз биччараб хабар бугин бицунеб буго Эркенлъи Радиоялъе жанисел ишазул министерлъиялъул хIалтIухъан Руслан ХIажимухIамадовас.

Руслан ХIажимухIамадов: «Теракталъул хIасилалда лъабго чи хванин аби битIараб гьечIо. Хвана кIигоял. Нужеца, журналистаз, нужедаго ричIчIичIел баяналги къватIире кьун, жаваб кьезе нижеда тIаде ккола хадуб».

Гьениб гIагардаго буго Ленинский мухъалъул прокуратураги. Гьединлъидал байбихьудаго гIемерисезда ракIалде кколеб букIана прокуратураялъул мина цIидасандай кьвагьизабизе хIалбихьарабилан. Чанго соналъ цебе тIубан кьвагьизабун букIана гьеб.

МахIачхъалаялда гьеб теракт ккун хадуб хехаб данделъи тIобитIана республикаялъул нухмалъиялдаги. Гьениб республикаялъул нухмалъулев Рамазан ГIабдулатIиповас абуна лъимал чIваялде ине ккани, кинаб ракIин инсанасда букIине кколеб.

Гьединго ракIалде щвезабуна Къуръаналда гьединаб такъсиралъе кьун бугеб къиматги. Цо рухI гIумруялдаса батIалъизаби инсаният тIагIинабиялда бащалъизабун бугила гьениб.

Рамазан ГIабдулатIиповас абуна терроралда данде къеркьеялъул рахъалъ республикаялда байбихьараб хIалтIи гьоркьоб къотIизе гьечIин, гьединго гIумруялдаса ратIалъарал лъималазул хъизаназе кумек гьабизе ккеялъулги бицана.

1 маялда МахIачхъалаялда кьвагьи бахъинабилалде цебе полициялъулазде кьвагьдана Буйнакскиялдаги. Гьеб хIужа ккана 30 апрелалъул сардилъ. Полициялъулазул автомобилалде кьвагьдон руго цогидаб автомобилалъусан. Гьедин полициялъулазул лъабгоял хвана, кIигоял азарханаялде хъамуна.