Нидерландазул къиралайица васасе тах тана

75 сон барай Нидерландазул къиралай Беатриксица тах тана жиндирго кIудияв вас Виллем-Александрие. Беактрис къиралайлъун йикIана 33 соналда жаний.

46 сон барав Нидерландазул цIияв къирал ккана Европаялда вищун гIолохъанав монархлъун.