Билаловасул чорхолъ батун буго лъамамесед

Россиялдаса бизнесчи Билалов АхIамадица лъазабулеб буго алманиялъул тохтурзабазда жиндир чорхолъ цIикIкIараб къадаралда лъамамесед батанин абураб битIараб бугин. Россиялде тIадвуссараб мехалда низам цIунулел идарабазде гIарза хъвазеги ракIалда буго гьесда.
«Интерфаксалъе» телефоналдасан гьес абун буго араб соналъул хасалихъелдаса нахъе жиндир чорхол хIал лъикIаб букIинчIин. Гьанже гьев вуго Алманиялда дару гьабулев.
Москваялда гьесул офисалъул хIалтIухъабазеги гьабулеб буго медикияб хал-шал, щайгурелъул гьезул офисалда батараб лъамамеседалъ гьезиеги асар гьабизе рес букIун.
Февраль моцIалда Билалов АхIамад нахъе ун вукIана Россиялъул Олимпиадаялъул комитеталъул вице-президентасул хъулухъалдаса, гьес гьединго тун букIана «Шималияб Кавказалъул курортал» компаниялъул директоразул Шураялъул бетIерасул хъулухъги. Гьелъие гIиллалъун ккун букIана Сочиялда олимпиадаялъул объектал ралаго гьарурал гъалатIазухъ президент Владимир Путиница гьев кьварун каки.