Гъизляралда ккун вуго 17 чи

Дагъистаналъул Гъизляр шагьаралда ккун вуго «Хизб ут-Тахрир аль-Ислами» абулеб ва гьукъараб экстремистияб къукъаялда вукIиналда щаклъи бугев 17 чи. Гьезул ункъгоясда тIад рагьун буго такъсир гьабиялъул иш.
Жанисел ишазул министрелъиялъул Дагъистаналда бугеб идараялъ лъазабулеб буго кколеб мехалда полициялъе дандечIей гьабунин гьезин. Гьезда гьоркьов вуго Карташов МухIамадги. Гьев лъала гьеб гьукъараб къукъаялъул лидер ва МахIачхъалаялда изну гьечIеб митинг гIуцIарав чилъун. Гьединго лъазабулеб буго ккуразул цояс абунин автоколонна унеб букIанин Гъизляр мухъалъул Школьный абулеб росулъе берталъейин.
«Хизб ут-Тахрир аль Исламиялъул» символика бахъарал хъахIал чIегIерал байрахъалгун 10 автомашина чIезабун букIана гьатIан къоялда Гъизляралде жанире лъугьунеб бакIалда. Гьезда цадахъ рукIарал щуго чIужугIадангун лъимал ккун рукIинчIо.