Шималияб Корея толеб буго жанубиял мадугьалзабаз

Шималияб Кореялъул территориялда бугеб Кэсон абулеб индустриалияб регионалдаса жидерго персонал нахъе бачунеб буго Жанубияб Кореялъ. Гьениса ахирисев 48 чи Жанубияб Кореялде тIадвуссине вуго итни къоялда.
Кэсоналда хIалтIи чIезе тун буго Шималияб Кореялъул 53 азарго чиясги. Жанубияб мадугьал-улкаялдаса гьенир хIалтIулел рукIана 800 чи. 2004 соналдаса 2011 соналде щвезегIан гьениб букIараб нусгоялдаса цIикIкIун Жанубияб Кореялъул гьитIинал компанияз-ретIел, рагIмач, сагIатал гIадаб къайи-цIа гьабун букIун буго цо миллиардгун 700 миллионов долларалде.