Буйнахъск мухъалда ралагьулел руго яргъидгIуцIарал

Дагъистаналъул Буснахъск мухъалда низам цIунулез балагьулеб буго анлъго чи вугеб яргъидгIуцIаразул къукъа. Низам цIунулезда мугъчIвайги гьабулаго «Интерфаксалъ» лъазабуна низам цIунулел Гъоркьияб Гъазанущи росдал сверухълъиялде яргъидгIуцIаразде тIаде ккун ругин. Гьениб ккараб кьвагьа-гъанхъиялдаса хадуб яргъидгIуцIарал лъутун ругин ва низам цIунулел гьезда хадур лъугьун ругин. Цересел баяназда рекъон, кIиябго рахъалъан камиял гьечIо.