Гъалгъаязул Халкъияб Мажлисалъ арбагI къоялда тIоцебесеб цIалиялда къабул гьабун буго республикаялъул бетIер регионалияб парламенталъ вищизе вукIиналъул къануналъул проект. 24 депутатасул цояс хутIизегIан рахъ ккун буго гьеб хIукмуялъул. Араб анкьалда гьединабго хIукму гьабун букIана Дагъистаналъул Халкъияб Мажлисалъги.