Еврокомиссиялда лъикIаблъун бихьулеб буго Сербия Европаялъул Цолъиялде босизелъун кIалъа-ралъаял байбихьизе. Гьеб идараялъ итни къоялда тIибитIизабураб лъазабиялда абулеб буго Белградалъ гIемераб хIалтIи гьабунин Косовоялъулгун гьоркьорлъаби лъикIлъизаризейин.
Еврокомиссиялъ Косовоялда сверун хIадурараб хасаб докладалда абулеб буго Приштинаялъ гьеб рахъалъ гьарун рукIарал киналго тIадеросиял тIуразарун ругин.
Итни къоялъул радал Сербиялъул хIукуматалъ лъикIаб къимат кьуна Белградалъул ва Приштинаялъул гьоркьорлъаби лъикIлъизаризе гьабураб къотIиялъул проекталъе. Гьелде рахъал рачIун рукIана рузман къоялда Брюсселалда Евроцолъиялъ гьоркьохъанлъи гьабун. Гьанже гьеб документ къабул гьабизе ккола Сербиялъул парламенталъ гьаб анкьалда тIобитIизе бугеб данделъиялда.
Гьелдасаги цебе гьеб план къабул гьабун букIана Косовоялъул парламенталъги.