Гуржиязул президентасул рахъ ккуразул митинг

Your browser doesn’t support HTML5

19 апрелалда гуржиязул парламенталъул минаялда цебе опозициияб «Цолъараб миллияб багъа-бачариялъ» тΙобитΙана Ι0 азаргоялдаса цΙикΙкΙун чи гΙахьаллъараб митинг. Тбилисиялъул Руставелил проспекталда гьелда хадуб хал ккун букΙана нижер мухбир МахΙмудова ПатΙиматица. Гьелъ гьаниса битΙараб видеорепортажалда рихьизарулел руго тадбиралъул моментал.