Америкаялъул Пачалихъияб департаменталъ биччан буго санайилаб доклад

Цолъарал штатазул Пачалихъияб департаменталъ биччан буго 2012 соналда жаниб батΙи-батΙиял улкабазда инсанасул ихтиярал тΙуразариялда сверун санайилаб доклад. Гьеб документ журналистазе загьир гьабуна пачалихъияв секретарь Джон Керрица. Докладалда бущунго кΙудияб кΙвар буссинабун буго рагΙул эркенлъиялъе гΙорхъаби чΙезариялде, гражданияб жамгΙияталде гьужум гьабиялде ва демократиял реформабазухъ къеркьеялде.

Докладалда Иран Китай ва цогидал улкаби какулел руго гражданиял ихтиярал хвезарулел рукΙиналъе гΙоло. Россия – коммерциялъулал гурел гΙуцΙабазде, хасго къватΙисел улкабаздаса грантал щолел гΙуцΙабазул хΙаракатчилъиялде тΙадецуй гьабулеб букΙиналъе гΙоло.

Докладалъул автораз бицунеб буго гьединго Россиялда санцияби кьечΙел акциязда гΙахьаллъиялъе гΙоло гΙакΙаби цикΙкΙинарун ругин, интернеталда информациялъул эркенлъиялъе гΙорхъаби чΙезарулел ругин, цо-цо сайтал къалел ругин диваналъул хΙукмуцин гьечΙогойин. Докладалда гьединго какулеб буго «пачалихъияб хиянатчилъи» терминалъул магΙна гΙатΙилъизабулел къануналда гьарурал хиса-басиялги.