Бостоналъул полициялъ ккун вуго Джогьар Царнаев

Бостоналъул полициялъ лъазабулеб буго халкъазда гьоркьосеб марафон унеб мехалда кьвагьиял гьариялъул щаклъи бугев Ι9 соналъул гΙелалъул Джогьар Царнаев кквезе щванин. АзаргогΙанав полициялъулаз ва хасал хъулухъазул хΙалтΙухъабаз валагьулев вукΙарав Царнаев восун вуго аресталде гъоркье.

Полициялъул лъазабиялда рекъон Царнаев гьанже вуго азараханаялда. Кколеб мехалда гьев вахчун вукΙун вуго Бостоналъул рагΙалдехун бугеб Вотертаун абураб бакΙалда азбаралда чΙезабун букΙараб расаялда жанив. Гьелъул бетΙергьанчияс лъазабун буго полициялда жинда гьеб расаялда бидул лъалкΙал ратанин абун.

Итни къоялда Бостоналъул марафоналъул финишалда аскΙоб ккана кΙиго кьвагьи. Гьелъул хΙассилалда хвана лъабго чи. Лъукъана Ι70-ялдасаги цΙикΙкΙун чи. Щаклъи букΙун ралагьулеб мехалда чΙвана чачанав Джогьарил вац Темерлан Царнаев. Вацазул инсуца лъазабуна, жиндир лъимал лъицалиго гьеб балагье гъорлъе рачарал ругин.