Мушарраф рокъов жанив тlамун вуго

Пакистаналъул экс-президент Первез Мушарраф вуссинавун вуго рукъалъул аресталде гъоркье. КΙиго къоялдаса гьев чΙезавизе ккола тероризмалда хурхараб хасаб диваналда цеве. ВукΙарав президентасул адвокатаз лъазабуна жидеца гΙарза кьезе бугин ТΙадегΙанаб диваналдеян.

Хамис къоялда исламабадалъул диваналъ ордер кьуна Машарраф аресталде гъоркье восиялъул. Амма жиндирго хъаравулзабазул кумекалдалъун гьесда бажарун буго диваналъул залалдаса нахъе ине ва пакистаналъул тахшагьаралъул рагΙалда бугеб жиндирго резиденциялда вахчизе. Мушарраф ккола чанго такъсирияб ишалъул фигурант.