Инсанасул ихтиярал цΙунулез рахъ кколеб буго кколегабазул

Россиялъул машгьурал инсанасул ихтиярал цΙунулел гΙуцΙиязул лидераз загьир гьабулеб буго «Голос» абураб рищиязул лъиданиги бачΙеб мониторинг гьабулеб инсанасул ихтиярал цΙунулеб гΙуцΙиялъул рахъ кколеб букΙин.

Москваялъул Хельсинкиялъул группаялъул бетΙер Людмила Алексеевалъ, «За права человека» багъа-башариялъул лидер Лев Пономаревас, "Мемориал" гΙуцΙиялъул нухмалъулезул цояв Олег Орловас гъулбасараб лъазабиялда абулеб буго, нухмалъиялъ гΙамал гьабулеб бугин, рищиязул контроль гьабиялъул бокьараб хΙаракатчилъиялъе ахир лъезеян.

Дагьалъ цебе лъазабулеб букΙана Миниюсталъ «къватΙисел улкабазул» агент» хΙисабалда регистрация гьабизе инкар гьабулеб «Голосалда» хурхун иш багъаризабулеб бугин.

Лъазабиялда гьел гΙуцΙияз гьединго загьир гьабулеб буго жидеде нухмалъиялъул «къватΙисел улкабазул агентазул» къануналда хурхарал претензияби ругел «Костромаялъул жамгΙиял инициативазул квербакъиялъул централъул» ва «Солдатазул улбузул комитеталъул» бутаялъул рахъ кколеб букΙин.