Ираналъул жанубиябгун машрикъалъул рахъалда ракь багъариялъул хΙассилалда, «Ассощейтид пресс» агентлъиялъул лъазабиялда рекъон, хун вуго бищун дагь босун 40 чи.
7,8 баллалъул ракь багъариялъул эпицентр букΙун буго пакистаналъул гΙорхъода аскΙобехун бугеб Хаш абураб шагьаралдаса 86 километралъул манзилалда. Лъазабулеб буго тΙабигΙияб балагьалъул къурбаназул къадар цΙикΙкΙине бегьиялъул хъΙакъалъулъ.
Ракь багъариялъул асар ккун буго Индиялдеги, Пакистаналдаги ва Персиялъул лъел квачΙелалъул улкабаздаги.
Ι0 апрелалда ракь багъариялъул хΙассилалда ираналъул жанубиябгун магърибалъул рахъалда хвана бищун дагь босун 37 чи, зарал ккана 850 чиясе.