Ираналъ Африкаялда ралагьулел руго гьалмагъзаби

Ираналъул президент МахΙмуд АхΙмадинеджад итни къоялда щвана Нигералде. Гьеб улкаялъ ункьабилеб бакΙ кколеб буго дунялалда ураналъул къадаралъул рахъалдаса. Гьелда цебе АхΙмадинеджад щун вуго Магърибалъул Африкаялъул кΙиго улкаялде Бениналдеги Ганаялдеги. АхΙмадинеджадица гΙамал гьабулеб буго африкалъул улкабазул экономикиял гьоркьорлъаби щулалъизаризе, жиндирго халкъазда гьоркьосеб изоляция цΙиккΙунеб букΙиналъул фоналда.