Россиялъул жавабияб чIегIераб сияхI

Сергей Магнитскиясул эбел Наталья Магнитская вас вукъулеб мехалда. 20Ноя2009.

Россиялъул къватIисел ишазул министерлъиялъул сайталда шамат къоялъ къватIибе биччан буго сияхI Цолъарал Штатазул 18 гражданасул цIар хъвараб.Гьезие гьукъун буго россиялде рачIине. Рузман къоялъ Вашингтоналъ къватIибе биччараб «Сергей Магнитскиясул» сияхIалъе жаваблъун ккола гьеб.
Рузман къоялъ Цолъарал Штатазул финансазул министерлъиялъ къватIибе загьир гьабуна 18 чиясул цIар хъвараб сияхI «Сергей Магнитскиясул» сияхIалде гьоркьоре журазе ругел.

Гьелде гьоркьоре унел руго Россиялъул жанисел ишазул министерлъиялъул цIех-рех гьабулел Олег Сильченкоги Наталья Виноградоваги -гьез бачунеб букIана Магнитскиясул иш. Иван Прокопенко- гьев ккола Сергей Магнитский жанив вукIараб цIех-рех тIобитIулеб бакIалъул нухмалъулев.

Лъалеб бугохъин Цолъарал Штатаз къватIиб загьир гьабуралдаго цадахъ гIуцIун буго балъгоябги сияхI. Цолъарал Штатазде ине гьукъарал Россиялъул гражданал гьоркьор ругеб.

Гьеб сияхIалда гьоркьов вукIине бегьула Россиялъул цIех-рех тIобитIиялда тIасан комитеталъул нухмалъулев Александр Бастрыкинги.

Россиялъул рахъалъ рикIкIунеб буго «Сергей Магнитскиясул» сияхIалде гьоркьоре рикIкIарал Россиялъул гражданазул цIарал загьир гьабиялдалъун кIиябго улкалъул гьоркьорлъаби ва цояб улкаялъул цоялдехун букIунеб божилъиги хвезабулеб бугин, гIурусаздехун рихенал бербалагьиял Цолъарал Штатазул конгресалъул гIахьалчагIазул рукIиналдалъунин.

Россиялъул къватIисел ишазул министерлъиялъул официалияв вакил Александр Лукашевичасул комментариязда абулеб буго нижер улкаялъул жанисел ишазде гьоркьоре лъугьиналде кколеб жаваб гьабуна нижеца.

«Жакъа Россиялъул къватIисел ишазул министерлъиялъул сайталда хъван буго Россиялде рачIине гьукъарал Цолъарал Штатазул гражданазул сияхI»- ян абулеб буго министерлъиялъул официалияв вакиласул лъазабиялда.

Россиялъул сияхIалда гьоркьор руго Гуантаномо абулеб хасаб туснахъалъул вукIарав нухмалъулев Джефри Миллерги, Джефри Харбесонги, 2005-2008 соназде щвезегIан Цолъарал Штатазул вице-президентасул аппараталъул вукIарав нухмалъулев Дэвид Эддингтон гьединго ФБРалъул агент Грегори Коулманги.

«Цолъарал Штатаз ракIалде щванщиналги гьоркьоре рачун гIуцIараб сияхIалде данде ккун, нижер сияхIалда гьоркьор руго хIакъикъаталдаги Гуантаномо туснахъалда гIадамазе гIакъуба кьолел рукIарал ва Россиялъул халкъалъул ихтиярал хвезариялдехун хурхен бугел»- ян абулеб буго лъазабиялда.

Амма Цолъарал Штатазул цо-цо экспертазги къанунал рахъулезги гIажаиблъи гьабун бугин Сергей Магнитскиясул сияхIалда 18 чи гурони къватIир загьир гьарун гьечIолъиялда-ян хъвалеб буго информация тIибитIизабулел алатаз.

Магнитскиясул акт гIуцIараздасан цояв Цолъарал Штатазул конгрессмен Джеймс Макговерница жиндирго лъазабиялда абулеб бугохъин гьеб ккола тIоцебесеб гали инсанасул ихтиярал хвезарулел жавабчилъиялде цIаялда бан гьабураб.

Джейм Макговерница абухъе Цолъарал Штатазул президентас рагIи кьун буго Сергей Магнитскиясул ишалда бан цIех-рех халат бахъине бугин ва сияхIалда хъваразул къадар цIикIкIине бугин. ГьасагIат къватIибе лъазабураб сияхI цIакъго къокъаб буго букIине кколелдаса гьелъ экспертал гIажаиблъунги цин руго сияхIалда гьечIин цониги тIадегIанал Россиялъул чиновниказул цIаралин.

Эркенлъи радиоялъе кьураб интервьялда Михаил Ходорковскиясул вас Павел Ходорковскиясги кIвар буссинабулеб буго Цолъарал Штатаз къватIибе биччараб сияхIалда киналго гIайибал щиназул цIарал гьечIолъиялде.

«Дун гIажаиблъун вуго къватIибе биччараб сияхIалда байбихьуда рукIарал цин цIарал гьечIо 60 гIан чиясул Магнитский хвеялдехун хурхен букIин документаздалъун чIезабун букIана. РакIалде кколеб буго, сияхIалъ бихьизабулеб бугин Цолъарал Штатазул Пачалихъияб Департаменталъе Россиялъулгун гьоркьорлъаби тIуранго хвезаризе бокьун гьечIолъи» -ян абуна буго Павел Ходорковскияс.

Павел Ходорковскияс нахъ чIвалеб гьечIо «Сергей Магнитскиясул» сияхIалда гьркьоб ЮКОС кампаниялъул ишалдехун хурхен бугезул цIарал рихьизе гьесие бокьун букIараблъиги.

Магнитскиясул къануналдехун гIадатал гражданазул пикру босани Москваялъул гIумру гьабулей Елизаветтаца гьадини абулеб буго:

Елизавета: «Дида ккола гьеб бугин битIараб гали. КигIан гьеб дагьаб букIаниги ва жавабчилъиялде цIакъго цересел цIалел гьечIониги. Щиб букIаниги гIаги гьабизе кколин рикIкIуна дица. Гьел гIадамазе Цолъарал Штатазде ине гьукъи къвакIараб тамихI гьечIониги. Гьеб гIаги гьабун рукIине» - ян абулеб буго Елизаветтаца.

Россиялда туснахъалда хварав Сергей Магнитскиясда тIад диваналъул иш жеги халат бахъунеб буго.