Россиялъул хиял гьечIин Цолъарал Миллатазул ГIуцIиялъул Генералияб Ассамблеялъ Сириялда хурхун хIадур гьабураб резолюциялъе квер бакъи гьабизе, ян лъазабуна шамат къоялъ Россиялъул къватIисел ишазул министерлъиялъ. Рехсараб проект гьоркьоб лъезехъин бугин гьал гIагардисел къоязда.
Россиялъул тIадтаразул хIисабалда цIияб проекталъ гIадахъ босулеб буго гIицIго цо рахъалъул интерес, ай – Сириялъул президент Башар Асадиде данде чIолеб оппозициялъул интерес.
ЦIияб резолюциялъул проекталъ Сириялда бугеб би гIодобе тIеялъул гIайиб хIукуматалде гIунтIизабун бугин, аммаила оппозициялъул яргъид гIуцIарал къукъабазги хIатта терракталгицин гьарулел руго, ян загьирабуна жиндирго пикру Россиялъул тIадтараз.