Джон Керри Сеулалде вачIана

Цолъарал Штатазул Пачалихъияв секретарь Джон Керри рузман къоялъ Сеулалде вачIана Жанубияб Кореялъул тIадтаразулгун кIалъа-басаял гьари мурадалда.

Гьоркьоб лъезехъин бугеб суал – Кореялъул бащдабчIинкIиллъиялда бугеб хIалуцараб ахIвал-хIал.

Дагьалъ цебе хасаб цIех-рех гьабулеб Америкалъул улка цIуниялъул министерлъиялъул идараялъ лъазабуна Шималияб Кореялъул ядерияб арагъ батилин баллистикияб ракетабаздалъун швезабизе бегьулеб.

Цого мехалъ Пентагоналъ баян гьабуна Пхеньяналъ гьел ядериял яргъил киналго тайпабазул хIалбихьи гьабун буго ян абизе цудунго бугин.

Хамиз къоялъ Япониялъул тIадтараз лъазабуна жидер хиял бугин Patriot абулеб ракетабазде данде чIолеб комплекс Окинава чIинкIиллъиялда тIад чIезабизе.