КъватIиса хIукуматалде роржинего учуз чIолеб буго

Аэропорт "Уйташ".

Гьал ахирал къояз Дагъистаналъул журналистазги гьединго гIадатиял гIадамазги бищун кIвар буссинабураб суал буго республикаялъул авиакомпаниялъ гьаваялдасан роржарлъухъ босулеб гIарац цIикIкIинаби.
Ахирисел баяназда рекъон МахIачхъалаялдасан Москваялде роржарлъухъ босулеб буго 7 азаргоялдаса микьазаралда хадуб гъурщиде щвезегIан гIарац.

Дагьаб цебегIанин абуни гьелъул багьа букIана ункъазаралда щуазаралда хадуб гъурущ. Щай гьеб хиралъараб ва щибилан бицунеб бугеб республикаялда гьеб хIужаялда сверухъ гIадамаз?

Экспертаца рикIкIунеб буго гьеб хурхараб бугин риидалил отпуск щварал гIадамал батIи-батIиял шагьаразде хIухьбахъизе унеб заман тIаде щун букIиналъ ва гьединго «Редвингз» абураб авиакомпаниялъ Дагъистаналдаса гьарулел рукIарал рорженал гьоркьор къотIизариялъги.

Рехсараб авиакомпаниялъ жиндирго хIалтIи чIезе тезе ккана гьаб соналъул февраль моцIалда Москваялдаса МахIчахъалаялде боржунго гьезул аэропланалъ авария гьабун букIиналъ. Доб мехалъ цо чIужугIаданги гIумруялдаса ятIалъун йикIана. Хадурккун Дагъистаналдаса рорженал гьаризе гьукъана гьелъие.

Гьеб гуребги Эркенлъи радиоялъухъе щварал баяназда рекъон добго февраль моцIалъ Москвалдасан МахIачхъалаялде боржунеб букIараб «Редвингз» компаниялъул аэропланалъ гIемераб мех бан буго МахIачхъалаялъул аэропорталда рештIине кIоларого.

Гьеб аэропланалда тIад йикIарай гIадамалъ бицунелда рекъон гьелъ гIумруялъулгун къо лъикI гьабизе хIадур йикIун йиго гьей, чIаго нахъе хутIилилан хьулго букIинчIин жиндирилан мукIурлъана гьей.

2011 соналъул декабралда Рос авиация абураб идараялъ рорженал гьаризе ихтияр кьолеб лицензиялдаса махIрум гьабуралдаса Дагъистаналъул аэропорталда хIалтIулел рукIана «Руслайн», «Вим-авиа», «Газпромавиа», «Ютейр» гIадал авикомпнияз ва абизе ккола гьезул аэропланалазда бакI- бакIазде роржарал гIадамал разиго рукIана роржадухъ босулеб гIарайги гIемераб гьечIин гьезулилан.

Гьал къоязда абуни нахъойги хиралъана авиабилетазухъ босулеб гIарац.
ГIемерисез рикIкIунеб буго гьеб хиралъанин «Дагъистаналъул Авиалинии» компаниялъул нухмалъулевлъун нахъойги Омариев Мирза вачIиндал хиралъанин гьелилан.

Эркенлъи радиоялъе гьеб хIужа дагьабги тасдикъ гьабуна Каспийскалдаса Лейла ХIамзатовалъ. Гьениб къватIибе биччалеб «Трудовой Каспийск» абураб газеталда хIалтIулей йикIарай гIадан ккола гьей. Лейлаца бицана Омариев аэропорталъул нухмалъуда вугеб мехалъ чанго соналъ цереги хиралъун рукIанин гьадинабго куцалъ авиабилетазул багьаби:

ХIамзатова Лейла: «2006 соналъ махщел камиллъизабиялъул мурадалда Лондоналде ун йикIана дун. Дун гьение йитIулеб идараялъул гIадамал хIикмалъун хутIун рукIана МахIачхъалаялдаса Москваялде роржаралъухъ босулеб гIемераб гIарац бихьидал. ЦохIо дун гурейги нижер къукъаялда рукIана Новосибирск, Ярославль, Новгород гIадал шагьараздасаги чагIи.

Новосибирскалдаса Москваялде белтил багьа учузго букIана МахIачхъалаялде дандеккун. ХIисаб гьабеха Москваялдаса чанги рикIкIада, сибиралъул ракьалда бугеб Новосибирскги аскIоб гIадин бугеб МахIачхъалаги. Москваялдаса Лондоналде роржалъухъ абуни кIиго-лъабго бутIаялъ учузго букIана белтил багьа»

Циндаго гьадин багьаби хиралъиялъе ккараб гIиллаялда тIасан пресс-конференция тIобитIун букIана талат къоялъ Дагъистаналъул аэропорталъул нухмалъиялъ. Амма гьеб данделъиялда гIахьаллъи гьабизе рес щвечIо Эркенлъи радиоялъе, пресс-конференциялда рорхарал суалазул хIакъалъулъ кинал ругониги баянал кьечIо арбагI къоялъ республикаялъул информалатазги.

Монополиялда дандечIараб хъулухъалъул пресс-хъулухъалъ Facebook сайталда хъван бугоан гьезул идараялъ халгьаби тIобитIулеб бугин гьаваялдасан роржаралъухъ багьаби хиралъиялда бан, амма арбагI къоялъ гьезулгун бухьен гьабидал монополиялда дандечIараб хъулухъалъухъа Эркенлъи радиоялъухъе щварал банязда рекъон гьел хал гьабиял гьанжего гьанже байбихьун рагIула ва гьезул хIасилазул бицине жеги хекко бугилан абуна гьез.

Лейла ХIамзатовалъ Эркенлъb радиоялъе бицана Дагъистаналъул аэропорталъул нухмалъиялъе бокьани гьаваялдаса роржаралъухъ росулел багьаби учузго чIезаризе кIолин гьезда, амма гьелда тIад хIалтIи лъицаниги гьабулеб гьечIилан рикIкIунеб буго гьелъ:

ХIамзатова Лейла: «Каспийскалда биччалеб газеталда дун хIалтIулеб мехалъги букIана гьединабго пресс-конференция тIобитIун. Доб мехалъ дица жиндаго Омариевасда гьикъана щай гьадигIан хираго бугеб гьаваялдаса роржаралъухъ босулеб гIарацилан, жидер басриял аэропланал ругин, гьезие босе кколеб цIатариялъухъ унеб бугин гIемераб гIарац, Лондоналде мун «Боингалда» йоржун йигин гьединлъидал бугин духъа дагьаб гурони гIарац инчIебилан жал рицине лъугьана гьев.

Гьедин батани нилъер гьанибги щайинха «Боингал» чIезаруларел, гьезда роржин учузго чIолеб батаниян тIадго цузабун гьикъидал гьес абуна гьелъие хасаб, гьаваялде бахъиналде гьеб бачине кколеб шагьранух базе колилан гьелъие жидер гIарац гьечIилан.

ХIасил калам кинаб суал кьуниги жиндаго тIаса гIайиб хъуштIизабизе гIиллаби ралагьулел рукIана гьес. Гьединал «Боингал» росани Дагъистаналъ, гьанире хIалтIизе рачIунел авиакомпаниялги гIемерлъизе руго, гьелъул хIасилалда аэропланазда рекIунел чагIазе кIудияб хайир бугеб хIалтIиги, рорженалъухъ босулеб гIарацги учузго чIолеб хIалтIи буго гьеб, амма бицунел рукIун гурони гьеб масъала рагIалде бахъинабизе лъиениги бокьизехъан гьечIо».

Дагъистаналъул аэропорталъул нухмалъиялъулгун бухьен гьабидал лъихъаниги баянал щвечIо нижее.

БакIккун букIаго абилин цевеги аэропорталъул нухмалъуда вукIаго гьелъул хIалтIи нахъеккезабун гурони щибниги пайдаяб хIалIти гьабун бажаричIев Мирза Омариев Дагъистаналъул ц1ияв нухмалъулев Рамазан ГIабдулатIиповас нахъеги гьебго хъулухъалда тIамиялъул магIна бичIчIуларого рукIана гIемерисел.

Гьезул рази гьечIолъи дагьабги тасдикъ гьабураблъун ккана Омариев цIидасан хъулухъалде вачIун вахъиналдего гьаваялдаса роржаралъухъ босулеб гIарац циндаго хиралъиги.