Бакуялда къан буго «Эркенаб пикруялъул университет»

Бакуялда къан буго «Эркенаб пикруялъул университет» абулеб центр. Эркенлъи радиоялъе швараб баяналда рекъон рехсараб Централъул оффис къана Генералияб прокуротуроялъул вакилзабаз.

Щиб гьадинаб хIукмуялъе гIиллалъун букIарабали гьез лъазабичIо.

«Эркенаб пикруялъул университет» рагьун букIана 2009 соналда.

Гьелъул аслияб мурадлъун букIун буго Азербайджаналъул гIололазда гъорлъ инсанасул ихтиярал цIуниялъул пикраби. Гьелъие квербакъи гьабулеб букIана Америкалъул ва Британиялъул вакиллъабаз.