Шималияб Кореялъ нахъеги хIинкъаби кьолел руго

Жанубияб Кореялъул ва Цолъарал Штатазул хасал хъулухъаз цIикIкIараб кIвар кьун хал шал гьабулеб буго Шималияб Кореялда бугеб ахIвал-хIалалъухъ.

Гьадинаб хIукму гьабун буго Пхьеньяналъ цIияб ракетияб хIалбихьи гьабиялда шаклъи ккун. Исана февраль моцIалда Шималияб Кореялъ лъабабилеб ядерияб хIалбихьи гьабун букIана, гьанжейин гьеб улкаялъул тIадтараз Сеулалъе ва Вашингтоналъе цIиял хIинкъаби кьолел руго.

Талат къоялъ Кореялъул Халкъияб Демократикияб Республикаялъул тIадтараз къватIисел улкабазул киналго гражданазе гIаклъу кьуна – рагъ багъариялъе рес букIиндал, улка тун къватIирехун аян абун.