Дагъистаналда республикаялъул нухмалъуде ГIабдулатIипов Рамазан щваралдаса миллиял гьоркьорлъабазул суалазда тIад хIалтIи цIигьабун гIуцIизе бугоян рикIкIунеб буго экспертаз. Гьеб тасдикъ гьабулеб хIужалъун ккана гьал къоязда Азербайджаналда вугев Дагъистаналъул вакил Къурбанов МухIамад хIалтIудаса нахъе гьави ва гьелда сверухъ бахъараб ахIи-хIур.
Цо-цоязда, ва хасго официалияб Бакуялда бихьулеб буго Дагъистаналъул цIияв нухмалъулесул гъалатI. Цо-цо Азербайджаналъул информалатаз хъвавухъе, Рамазан ГIабдулатIиповасда асар гьабулеб буго Лезгиязул миллияб автономиялъул вакилзабаз.
ХIакъикъаталдаги, Къурбанов МухIамад хъулухъалдаса нахъе ана рехсараб автономиялъул нухмалъулев Керимов Арифгун Р. ГIабдулатIиповасул дандчIваялдаса хадув. Баку шагьаралъул официалияб сайталда бахъараб макъалаялда Рзаев Тимур абурав авторас хъвалеб буго цIияв нухмалъулев миллиял гьоркьорлъабазул специалист вугониги, гьесда бичIчIулеб гьечIин Азербайдажаналъулгун гьудуллъи цIуниялъул Дагъистаналъе бугеб кIвар.
Азербайджан рикIкIунеб буго авторас Кавказалда бищунго кIвар бугеб политикияб ва экономикияб къуватлъун ва гьелъулгун лъикIал гьоркьорлъабазда бараб буго Шималияб Кавказалъул цебетIей. Гьелдаго цадахъ миллиял автономиял политикаялда ва пачалихъиял гьоркьорлъабазда гъорлъ журалел руго ва Дагъистаналъул цIияв нухмалъулев гьезухъ гIенеккулел ругилан гIайиб чIвалеб буго.
Лезгиязул миллиябгун культурияб автономиялъул нухмалъулесулгун Р. ГIабдулатIиповасул букIараб дандчIваялда ва гьелда хадуб Азербайджаналда вукIарав вакил Къурбанов МухIамад хIалтIудаса нахъе гьабиялда гьоркьоб бухьен бугищ, ва гьединго щай лезгиял рази гьечIел Азербайджаналда бугеб вакиллъиялдаса абурал суалал кьуна нижеца рехсараб автономиялъул Дагъистаналда вугев вакил Гереев Руслание.
Гереев Руслан: «Бугищ гьеб кIиго хIужаялда гьоркьоб бухьен дида лъаларо, амма гьединаб хабар букIана данделъиялда. Лезгиязул миллиябгун культурияб автономиялъул нухмалъулес чанцIулго цебеккунги гьарун букIана гьеб хъулухъалда киналго дагъистаниязул тIалабал тIуралев чи вукIине кколин.
Жиндирго къваригIелалъ Азербайджаналде ккарав дагъистанияс гьениб кумек хIажалъун гьеб вакиллъиялде ахIарабго, гьениб жаваб кьолеб буго азербайджан мацIалъ. Чан дагъистаниясда лъалеб гьеб мацI? Гьеб буго Дагъистаналъул вакиллъи, дагъистаниязул масъалабазе гIоло рагьараб. Дагъистаниязул ихтиярал цIуни киса, МухIамад Къурбанов вукIана гьенив дагъистаниязул ихтиярал хвезарулезул цоявлъун.
Гьединаб ахIвал-хIал букIана анцI-анцI соназ. Гьев живго вуго азербайджанав, гьес жидерго ихтиярал цIунулел руго. ГIемерисеб мехалъ гьенидаб бакIалда вукIуна гьенир ругел дагъистаниязул ихтиярал цIунулев чи. Гьев вукIине ккола ялъуни лезгияв, ялъуни магIарулав.
Гьеб гуро аслияб суал, суал буго, вакиллъиялде жидерго масъалабигун арал гIадамазул къваригIел тIубангутIи. Дица дидаго рагIараб гуреб, бихьараб жо абулеб буго. Гьенисан гочине ккарал Храх уба ва Урьян уба абурал росабазул проблемаби сабаблъун дица чанцIулго ахIун букIана телефоналъ Дагъистаналъул вакиллъиялде».
Дагъистаналъул гIелмиям централъул баяназда рекъон, Азербайджаналда гIумру гьабун вуго 50 азаргоялдаса цIикIкIун авар миллаталъул ва 350 азарго лезги миллаталъул чи. Гьел гIемерисеб мехалъ хъван рукIуна азербайджанал хIисабалда, гIемерисеб мехалъ жидее бокьичIого, пачалихъалъ гьел азербайджаналъулазде сверизарулеб политика гьабулеб букIун.
Цолъарал штатазул юстициялъул министерлъиялъул 1993 соналъ гьабураб докладалда рекъон, гIаммаб къагIидаялъ лезгиязул къадар буго 800 азарго чи. Кин бугониги, гIемерисел Азербайджаналда гIумру гьабун ругел дагъистаниязул рес гьечIо жидер мацI школалда малъизе, пачалихъалъ гьезул мацIалда телевидение, ялъуни газетал риччалел гьечIо.
Амма Дагъистаналда цогидал мацIаздаго гIадин азербайджан мацIалъ къватIире рачIунел информалатазе пачалихъалъ гIарац кьола ва школазда азербайджан мацI малъула. Гьединал баянал кьолел руго аваразул миллиябгун культурияб автономиялъул нухмалъулев Маркъо ШагIбановас.
Маркъо ШагIбанов: «ЦохIо газета буго лезги мацIалъ «Самур» абураб, гьебги пачалихъияб гуреб. Пачалихъалъ гIарац биччалеб гьечIо гьединал ишазе. Я газета, я телевидение, ялъуни радио гьечIо гьеб мацIалда. Гуржиязул добаги гьебго жо буго, амма гьениб халкъ буго цIакъ дагьаб, Азербайджаналда ругезда данде ккун. I.5 азарго чи гурони гьечIо гьенив».
Гьединго, Маркъо ШагIбановасул пикруялда рекъон, Азербайджаналда вугев вакил нахъе вачиялъулъ кинабгIаги лезгиязул культурияб автономиялъул асар гьечIо, гьеб буго Россиялъул къватIисел ишазул министерлъиялъгунги дандбан, Азербайджаналъулгун Россиялъул цIиял гьоркьорлъаби гIуцIиялда хурхараб гали. Кинал рукIине ругел гьел гьоркьорлъаби ва кинаб асар гьез гьабизе бугеб Азербайджаналда ва Россиялда ругел дагъистаниязул гIумруялда жеги мухIканго лъалеб гьечIо.
Гьелдаго цадахъ, Рамазан ГIабдулатIиповас Гуржиялъгун Азербайджаналда ругел дагъистаниязул проблемаби роцIцIиналъул масъалаялда тIад жив хIалтIизе вугин абуна чанго цевевахъиналда.
Хъулухъалда тIамун хадув «Россия» телеканалалъул журналистасгун гьабураб гара-чIвариялда бицана Жанубияб Кавказалъул халкъазулгун дагъистаниязул рукIарал щулиял экономикиял бухьенал цIигьаризе кколин.
Мисаллъун рехсана Аваро-кахетиялъул нух цIигьаби. Гьеб уна ЛъаратIасан ва БежтIаса Гуржиялъе.