Пхьеняналъ Сеулгун гьабулеб хIалтIи гьоркьоса къотIана

Шималияб Кореялъ чIезабуна Кэсон абулеб бакIалда Жанубияб Кореягун цадахъ гьабулеб индустриалияб бакI баялъул хIалтIи. Гьадин Пхеньяналъ лъазабуна итни къоялъ.

Рехсараб индустралияб бакIалда хIалтIулеб букIана Шималияб кореялъул 53 000 чи.

Кореялъул бащдабчIинкIиллъиялда ахIвал-хIал хIалуцана Цолъарал Миллатазул ГIуцIиялъ Кореялъул Халкъиябгун Демократикияб Республикаялде данде санкциял лъазарун хадуб.

Гьел санкциял лъазарун руго Пхьеньяналъ 12 февралалда лъабабилеб ядерияб хIалбихьи гьабурадухъ.