Лъабго тIанкIги гьанже хъубаб рагIуда бащалъула

Россиялъул президент Владимир Путиница гъулбасана информация тIибитIизабулел алатаздасан хъубал рагIаби хIалтIизаризе гьукъулеб къануналъул проекталда гъоркь.
Руго гьелъие гIайибияллъун чIезаруразда тIад къотIулел гIакIабиги. Масала, гIадатиял гIадамазда тIад къотIизе буго кIиазаргоядаса лъабазаргоялде щвезегIан гъурущ. Хъулухъазда ругел чагIазда тIад лъезе буго щуазаридаса къоазариде щвезегIан гъурущ. Юридикиял гIуцIабазда тIад къотIизе буго 20 - 200 азариде щвезегIан гъурущ.

Владимир Путиница гъулбас лъелалде гьеб проект къабул гьабуна Пачалихъияб Думаялъги Россиялъул Федерациялъул Шураялъги.

Гьедин гьеб къануналда рекъон, хъубал рагIабазул жаваб кьезе ккола интернеталдасан информация тIибитIизабулел алатазги. Хъубабищ гьеб рагIи гуребищали чIезабизе ккола филологаз.

Гьеб къануналъ чанги инфомалаталъе гIумру къокълъизабилин рикIкIунеб буго журналистазул цо къадаралъ. Масала, Россиялъул журналистазул Союзалъул секретарь Ашот Джазояница кIвар буссинабулеб буго гьадинаб хIужаялде.

Пуланаб информалаталъ цо нухалда хIалтIизабуни гьеб хъубабин рикIкIунеб рагIи, гьелъие "кьварараб лъазаби" щолеб буго, кIиабизеги гьебго жо такрарлъани, гьеб информалат къалеб буго.

МахIачхъалаялдаса журналист Светлана Анохиналъ гIемер хъвана гьеб суалалда тIасан макъалаби, 2000 соназул байбихьудаго. Гьеб мехалдаса нахъего букIана гьеб бицунеб.

Светлана Анохина: "Дида ккола телевидениялдасан рихьизарулел пачалихъиял хIаракатчагIазул гьурмал ругин бищун хъубаб рагIудасаги квешал. Квешал ругин гьезул гьурмалги, гьезул ишалги, идеялги, жибго гьезул рукIа-рахъинги".

Гьединлъидал гьеб къанун тIири пайда гьечIеб жолъун бихьулеб буго Анохиналда. Щайин абуни цо гьукъараб хъубаб рагIул бакIалда халкъалъ ургъизе бугила къоло щуго батIияб рагIи. Гьелги рукIине ругила дол эксперталлъун тезе ругел филологазул сияхIалда гьечIел рагIаби.

Гьеб къанун хIалтIизе лъугьингун нилъехъа бажаризе гьечIин Толстая, Лисовский ва цогидалги гIурус хъвадарухъабаз хъварал жалазул бицинеян рикIкIунеб буго Светланаца. Гьедин батани гьелги хъвагIайилаха гIурус литератураялдаса нахъе.

Журналисталъе къваригIун буго улкаялда къабул гьарулел къануназ кьезе бугеб пайда щибали лъазе.

Светлана Анохина: "РукIа-рахъиналъул магIишаталъул хIалтIийищ лъикIлъизе бугеб, яги херал чагIазе кьолеб пенсияйищ цIикIкIине бугеб гьелдалъун? Нилъер улкаялда гIадамазул рукIа-рахъин лъикIлъиялъе къваригIунел рахъалъ лъикIлъизарулел рихьулел гьечIо дида, щибгIаги къваригIелгицин гьечIониги, бихьулеб буго гIицIго информациялда сверухъ бакI бацIцIад гьабулеб букIин.

Къойилго нилъее хIажат бугел рахъалин абуни гъобго даражаялда хутIулел руго. АхIмакъзабазул улкаялда гIумру гьабулеб гIадаб къагIида буго дир.

Гьабизе жо тIагIун, бетIер сверун буго гьединал къанунал къабул гьарулел чагIазул. Гьезие къваригIараб жони лъала дида. Гьезие къваригIун буго халкъалъул гIумру лъикIлъизабизе тIири хIалтIиги гьабичIого, гьелъул бакIалда кинабго жо гьукъа-къазе".

ГIун бачIунеб гIел хъубал рагIабаздаса цIунизе къваригIун бахъараб къанун гьеб батани, гьелъ хIасил кьоларин рикIкIуна цогидазги. Щайин абуни гьел рагIаби гьеб гIун бачIунеб гIелалда интернеталдаги, жидеца гIумру гьабулел бакIалъа гIебеде ругел къадаздаги хъван ратулила.

Гьаниб тIаде жубазе бегьула гьадинаб баянги. ЦIияб къануналда рекъон, хъубал рагIабаздаго бащалъизабизехъин буго тексталда жаниб лъураб лъабго тIанкIги.

Гьездалъун макъалаялъул авторас квешаб магIна кьезе рес бугила пуланав чиясда, яги ахIвал-хIалалда тIасан. Гьединго хъубал рагIабиго гIадин къабул гьабизехъин буго телевидениялдасан гьеб рагIи хисун бахъинабулеб хасаб гьаракьги. Хъвадарухъабаз хъварал литературиял асарал гьел гьукъа-къаязда гъорлъе унел гьечIо.