Мушаррафие диван гьабизехъин буго

Пакистаналъул вукIарав президент Первез Мушарраф талат къоялъ диваналда цеве эхетун чIезехъин вуго. Гьадинаб хIукму гьабун буго улкаялъул ТIадегIанаб МахIкамаялъ. Гьесде гIунтIизабулеб гIайиб – пачалихъалъе хияналъи гьаби.

Мушаррафица жиндирго хъулухъ тана 2008 соналда. Хадув гьев къватIивехун ана. ВатIаналде гьев тIад вуссана ункъго соналдаса нахъе. Гьесул мурад – исана май моцIалда рукIине ругел гIаммал рищиязда гIахьаллъизе.