Америкалъул рагъулал къуватазул бетIер Афгъанистаналда

Америкалъул рагъулал къуватазул штабазул нухмалъулезул цолъизабураб Комитеталъул бетIер генерал Мартин Демпси щун вуго Афгъанистаналде цебе лъазабичIеб сапаргун. Гьениб гьес кIалъа-ралъаял гьаризе руго Афгъанистаналда ругел Америкалъулгун НАТОялъул къуватазул нухмалъулелгун ва Афгъанистаналъул официалиял вакилзабигун.
РакIалде кколеб буго гьез бицен гьабизе бугин 2014 соналда америкалъул къуватал Афгъанистаналдаса нахъе ун хадуб гьенир кигIанасел аскариял хутIизе ругелин абураб суалалъул. Гьенир хутIарал аскариязул аслияб масъала букIине буго Афгъанистаналъул хIинкъигьечIолъи цIуниялъул къуватал хIадур гьари.